Location via proxy:   [ UP ]  
[Report a bug]   [Manage cookies]                
Перейти к содержанию

Гьижа

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Гьижа́, силлаба — каламалъул гьаркьазул тартибалъул гІуцІиялъул цобутІа, ай жиндир компонентазул (гьелде гъорлъе кколел гьаркьазул) бищун цІцІикІкІараб цолъиялъ жиндие хасият кьолеб минималияб фонетикиябгин фонологияб цобутІа. Гьижаялъул гьечІо бухьен магІнадулал хурхенал гІуцІиязда ва загьирлъизариялда, гьеб буго гІицІго абиялъул цобутІа ва гьеб рикІкІуна рагІаби "ралел блокаллъун"[1]. Гьижабазда кІола мацІалъул изохрониялде, просодиялде, поэтикияб метралде, кьабизабиялде асар гьабизе. Гьижаялда жанир группалъула гьаракьхиналъул даража батІи-батІиял гьаркьал, бищун гьаракьхарал — гьижа гІуцІулел, хутІарал — гьижаялъулал гурел; гІемерисеб гьижа гІуцІун букІуна гІищалдаса (гІемерисеб рагьарал) рукІаниги рукІинчІониги рукІине бегьулел бутІабаздаса (рагьукъал).

МацІазул гІелмуялъул рахъалъан гьижаялъул бичІчІиялъе баян кьолелъуб буго кІиго батІияб нух. Лъугьиналъул рахъалъан, яги физиологияб хурхеналда, гьижаялъе интерпретация гьабула гьаракь яги гьаркьазул дандбай хІисабалда, жал абулаго инсанасул каламалъул аппараталъ тІе-тІечІеб угьулеб хІухьелалъулаб тунки гьабулеб. Акустикаялъул, ялъуни гьаракьхиналъул рахъалъ гьижа бичІчІизе бегьула каламалъул цо бутІа хІисабалда, жинда жаниб цо гьаракь гьелда аскІор цун ругезде данде ккун бищун цІикІкІараб даражаялъ загьирлъулеб[2].

Супрасегменталиял хасиятал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ de Jong, Kenneth (2003). "Temporal constraints and characterising syllable structuring". Гъоркь: Local, John; Ogden, Richard; Temple, Rosalind (редл.). Phonetic Interpretation: Papers in Laboratory Phonology VI. Cambridge University Press. гьл. 253–268. doi:10.1017/CBO9780511486425.015. ISBN 978-0-521-82402-6. Page 254.
  2. ^ Розенталь Д. Э., Теленкова М. А. слог // Словарь-справочник лингвистических терминов. Изд. 2-е. — М.: Просвещение. — 1976.

Ингилис мацІалда

Халип:Супрасегментал